ГӀаламалъулаб рекъезабураб заман (инг. Coordinated Universal Time, пар. Temps Universel Coordonné; UTC) — ккола дунялалда кинацаго жидер сагӀат ва заман жинда рекъезабулеб стандарт.
UTC аббревиатураялъул хассаб магӀна гьечӀо. 1970 саналъ гьелъие мацӀалда бухьичӀеб цӀар кьезе ургъулеб мехалъ Электросвязалъул халкъаздагьоркьосеб союзалъ ингилис[1] CUT — Coordinated Universal Time яги паранг TUC — Temps Universel Coordonné гьеб сабабалъе рекъоларин тана. Ва гьединлъидал гьаб нейтральнияб вариант къабул гьабуна — UTC[1].